Сеймур Ханаев Шахбанович : другие произведения.

Гiадамилгун Хiавал лъимал...

"Самиздат": [Регистрация] [Найти] [Рейтинги] [Обсуждения] [Новинки] [Обзоры] [Помощь|Техвопросы]
Ссылки:


 Ваша оценка:

ГIадамилгун ХIавал лъимал...


Пуланаб цо къоялъ Аллагьас кьуна
Нилъер дунялалъе ГIадамгун ХIава.
Инсанасул хIетIе хъвачIеб ракьалда
ТIоцебехъе гьезги гали босана.

Гьезул якъинлъиялъ, гьезул рокьиялъ,
Кьуна гIумру - ящав гьаб дунялалда.
Дуниял, тIабигIат, бакъ - моцI, зоб - ракьал
РукIарал ратила хIайранлъун нилъехъ.

Нилъ цо хъизамалъ гIурал яц - вацал,
Нилъ гIагарал чагIи, ракI цоял чагIи,
ГIагараб гьаб ракьалъ къабул гьаруна,
Рукълъунги нилъее ккана дуниял.

Ракьалда цониги жоялъе кьечIеб,
Кьуна гIакълу нилъей къадруяв Бичас.
Нилъ щибаб рахъалъа ратIа гьаруна
Ракьалда Аллагьас цогидаздаса.

ТIадегIан гьаруна ТIадегIанас нилъ,
ТIадегIанаб гIакълу, зигьну, пагьму кьун.
Рищунго берцинал, рищун гьуинал,
НигIматалги нилъей рижизаруна.

Амма, ана моцIал, сонал, гIасраби, -
ГIумру инсанасул эраз борцуна.
Миллионал сонал тана нилъеца - 
Цо хал гьабе, рачIа, гIадамал сверухъ.
 
Бугин гIумру- дунял тIегьан бачIунеб
Бугин гIумру- дунял сурукълъун унеб.
Щибаб берцинлъидулъ сурукълъи буго
"Щибаб сурукълъидулъ берцинлъи буго".

Дие берцинаб жо дуе сурукъаб
Дуе берцинаб жо дие сурукъаб.
Дие гьуинаб жо дуй цIекIаб, кьогIаб!
Дуе гьуинаб жо дий цIекIаб, кьогIаб!

Амма гIумру- дунял цIекIлъуге абе!
Гьелда нилъер пикру бикьуге абе!
Амма дагьаб гьечIо гьеб рахъалдаги
Ракьалда чагIазул пикру батIалъи. 

Дида мекъи кколеб дуе битIараб!
Дуда мекъи кколеб дие битIараб!
Бищунго мекъаб бакI нилъер ракьалда -
Нилъей берцинаб жо бищун битIараб!

Дие талихI къараб дуе талихIаб.
Дуе талихI къараб дие талихIаб.
Къеркьолел руго нилъ хабалъ инегIан
БичIчIичIого талихI щиб бугебали...

Чидай суд къотIизе нилъ даим гучал!
Чидал гъалатI ккезе нилъ кирго цIакъал!
Батула нилъеда чидал бадиб гIучI
Чинаридул гъветIги нилъер бадиб тун.

Нилъ ритIун ругилан тасдикъ гьабизе
Тезе гьаб дуниял хIадур руго нилъ.
Нилъер гьаб гьерсилаб ритIухълъиялъухъ
Ракьалда нилъеца мерхьуна чагIи.  

Нижее ниж лъикIал, дие дун лъикIав.
Нужее нуж цIакъал, дуе мун цIакъав. 
Бищунго лъикIабги, бищун цIакъабги
Буго нилъей гIоло нилъедаса нахъ.

Нилъ гьуинал руго ролал хIалелъухъ,
Нилъ берцинал чагIи хIалел ролазда.
Нилъ гIумру абураб гьаб театралда
ХIатта гIумруялъул роль хIалел руго.

Гьаб нилъер гIумруги, цIалеб хIухьелги
СихIруяца цIураб цо маска буго.
ХIакъаб нилъер гьумер - гьеб бихьуларо,
БосичIони гали сонаца нилъгун.



	*        *        *

Цо чанго сон босе, рикIкIад инчIого,
Ракь чанги бухIараб нилъеца цIа гъун.
Гьаб  къоло цойилаб гIасрудал соназ
ГIадамаз цоцада цIа чанги гъураб.

Америкалъул квералъ чан хоб бухъараб
Ракълилал чагIазе гьаб дунялалда,
Гьикъани абила гьелъги кIалги цIун
Жиндица битIараб гьабун бугилан.

Гьелъул "ритIухълъиялъ" бухIана Ирак
Бомбаби рехана Афганалдаги,
Буссунеб гьечIо гьеб жиндир нухдасан
"Жиб авараг гIадин битIараб бугин".

Гьебго "рикъухълъиялъ" гурищ гьеб цебе
Багъулеб букIараб Вьетнамалдаги.
Гьелъул "ритIукълъиялъ" гурищ цIа лъураб
Ракьалда гьеб кибго щвараб бакIалда. 

Гьедин жиб битIараб бугин ккун гурищ
Германиялъ дунял бухIун букIараб?
ЦохIо гIадамасул къасдаца гурищ
Миллионаз чагIи гъурун рехарал?

Гьанже Гитлер вачун гьесда гьикъани
Гьесги далил кьела жив витIаравин.
Ракьалъул рекIеда ругъун лъураб иш
Гьес тасдикъ гьабила ритIукъаб ишин.

Нилъер рекIелъ буго бусен ккун шайтIан
Щибаб мигалъ нилъер гIакълу сверулеб.
Нилъер дагьал гьечIо, щибаб бокIнида,
ШайтIан битIарабин чIезе гьабулел.

Нилъ нилъер напсаца мекъи тIамула,
Мекъаб илбисалде нилъ аскIор къала.
Аллагьасул нух тун нилъер чангиял
Чарал гIамалазда чIола мукIурлъун.

   ГIадамал  рикIкIуге чидал гIайибал - 
ГIеч жеги бачIинчIо бортун зодиса.
ГIайиб кибалиго нилъеда буго - 
Нилъер гIайибаз нилъ рухулел руго.


             *        *        *
Пикру гьабе, чагIи, гьаб инсаният,
Инсанас гIуцIараб гIумру- магIишат,
ГIазабаб, балагьаб ахир гьечIищха,
ЧIухIараб ракьалда чанги гIумрудуй.

Хал гьабе гIалимал, гIакъилал чагIи,
Чанги рухIчIаголъи тIагIунеб бугеб,
БагIараб тIехьалда цIикIкIунеб гьечIищ,
Гьенир ккечIездаса, цIар хIайваназул?

ЧагIазул цIоларел гьал чахьал цIезе
Чанги хъвел гьабулеб гьаб дунялалда,
Бугодай цоги бакI гьаб дунялалда
Доба гIадамазул квер - бох щолареб.

Инсан вуго кивго жужахI къачIалев,
Къимат гьабичIого гIакълу гьечIезул.
Инсан вуго кивго чохьноб кьемгIулев.
Инсан вуго кивго зарал бачIунев.

Балагье гIадамал гьаб нилъер дунял
Нилъеца гIададе кваналеб гьечIищ!
Гьал нилъго сабаблъун берцинаб дунял
Къо нахъе танагIан хутIулеб гьечIищ!

ГIурччинаб дуниял, гIурччинаб гIумру,
ГIадамазул квераз гъанкъулеб гьечIищ?
ГIурчччинаб дуниял къо бахъанагIан
Нилъер чIегIер квераз гьечIищха холеб?

Нилъ инсан абураб махлукъияталъ
Малакь мерхьун гьечIищ кIудияб дунял?
Къо берцин гьабизе нилъеца дунял
Гьвеца ракьа гIадин гьечIищ хъарсулеб?

БачIун къо рештIина щибабго лъугIун
ЧагIаз цоял цоял кваназе руго.
Ралагьуге дихъе нуж гIажагIибго,
Гьанжеги руго гьел чи кунел чагIи. 

Гьанже рохьор гIадин, ярагъги босун
Рахъизе руго нилъ жеги чанае.
Амма жайран гуро нилъеца чIвалеб - 
Нилъеца цоцазде босила ишан.


          *              *              *
Огь гIагарав ГIадам, ГIадамил ХIава,
Дур лъимал цоцае чиярлъарал кин?
ГIадамил вас - ясал, вацалгун яцал,
Нилъ жакъа цоцазе тушманлъарал куц!

Вацас вацасул би гьекъолеб жойищ?
Вацал, гьаб кинаб къо жакъа лъугьараб?
Бидул гIурухъ щай нилъ чверделел ругел,
РахIат тIамичIого лъабкъодул гIумру.

КигIан тушманлъарал, кигIан хисарал,
Хириял, вацал, нилъ жакъа цоцае.
Кьалул ахир буго кьалул байбихьи, -
ГьечIебищ цо рагIал гьаб чIвай - хвелалъул?

Унеб гьечIищ гIумру щибав чиясул
ТалихIалъул къатIрал цIех - рехиялда.
Кинаб талихI кколеб, нилъер талихIалъ
Тахъсир гьечIел чагIи чIвалел ратани.

ГIайиб бице, вацал, гIисин лъимазул?
Мунагь бице, вацал, нилъер улбузул?
КъойилгIан гIададе холел чIагIазул
ГIайиб - мунагь бице щиб бугеб, вацал?

Нилъеца лъимазе, гьадинаб гуреб,
ГьечIищ кIолеб лъикIаб гIумру къачIазе?
Гурони ичIмоцIалъ ургьил ккуразе
Баркала, сайгъатищ гьаб бугеб нилъер?

КигIан нилъер улбул гIодилел, вацал?
КигIан чIегIераб кIаз балеб эбелалъ?
КIигIан дунялалда хIукму къотIилеб
РахIму гьечIолъиялъ, чIегIер къуватаз?

Радал къватIиве ун лъалеб гьечIони,
ЧIаго мун рокъове вуссине вугин.
Кинаб гьаб дуниял, кинаб гьаб гIумру,
Нилъеца нилъее къачIараб, вацал?

Дида бичIчIуларо, рукъ цоял чагIи,
Дунялалъул рокъоб щиб нилъей камун,
Кидаго нилъ ругел мекъаб нухги ккун,
Гудур чиясе бан, чи хIакъир гьавун.

Мискин - загIипасул боцIи - панз бахъун,
Язихъ - пакъирасул мугъзада хIетI чIван,
Кинан нилъ рукIинел судалъул къоялъ,
РухI нилъеда лъурав Бичасда цере.


         *           *           *

ГIодуге, дир керен, жанисан бухIун,
Буго тIагIинчIого гIадамалъ рокьи.
Угьдуге, гьинал ракI, бидаги бецIцIун,
Руго сахал чагIи гIаламалъ жеги.

Дуниял, дулъ бугеб захIмалъи, кьогIлъи!
Кванараб гIазаб щиб дица ракьалда!
Гьаб къоло ункъго сон щибаб гIасрулъун
ГIумруялъул кьогIлъи дида лъараб куц!

Свакана, БетIергьан, мун тIаса лъугьа,
Свакана гьадинаб гIумруялдаса.
Свакана Аллагь дун, свакана Аллагь,
Кинго лъугIуларел хвалил харбаца.

Метериде хьулалъ гьабулеб ящав!
Хьулаз тIобитIулеб гIумру- магIишат!
ГIумрудал цIекIлъиялъ буцараб гIалам, -
ГIадамал чIухIиялъ тушманлъарал куц!

ЗахIмалъи, къварилъи, къоязул кьогIлъи!
КъойилгIан рагIулел пашманал харбал!
БукIун батиларо ракьалда къоги
Роххел кибго бащад щвараб чагIазе.

Цояв гIодулелъул цояв воххулев!
Цоясе къо ккедал цояв кеп цIалев!
Цоцазе гьабулеб рекIалда буго
Бащдаб гIаламалъул гIумрул ккураб нух!

Цоясе квеш ккедал цояв чIухIарав!
Цоясе лъикI ккедал цояв пашманав!
ХIелхIеди, рихьдае гьабулеб рецц- бакъ
Буго гIемерисеб бакIалда парчахI.

Инсанияталъул гьечIебищ къуват,
Гьайбатал пикрабаз ящав гьабизе.
Бегьулеб гьечIебищ гIумру тIамизе,
ГIазабаб чидае жо гьабичIого?

Мадугьалаздаги, вац- яцаздаги
Гьоркьоб буго чали- гьеб буго закон...
Къала нухал цоцахъ кьал гIоралъ хъамун
ГIумру цадахъ арал тIулцоязулги!

ГIумруялъул къоял нахъе танагIан,
БичIчIараб куц дида гIумрул къварилъи!
ТIолелшинал биял! Бидул гIор буго
ГIодобе чваххулеб кибго ракьалда.

Сундул рагъ гьабулел ругел нуж, вацал?
Щай нуж рикьун унел, щай цолъуларел?
Вайлъиялъул байрахъ малакьги мерхьун,
Бидулал къасдалгун щай кьалде унел?

   Дун даим хIинкъула рилиялдаса
Ракьалда хириял дир гьудулзаби.
Дир керен хинлъула, дир ракI боххула,
Бихьун гьезул дунгун гьуинлъи, хинлъи.

Амма бичIчIуларо кибго тIибитIун
Кинаб гьудуллъи гьаб тушманлъи цIураб.
Жакъа цадахъ рукIун чед бекараца
Бекула бетIерги метер цоцазул...


             *              *              *

Зобал, хъахIил зобал, гъваридал зобал,
Божула нужеда дун ракIалъ - рухIалъ.
Божула, цо къоялъ гьаб дуниял тун, 
Дун воржизе вугин нужер лъорове.

Божула кидаго, щибаб минуталъ,
Божула зобалахъ вугев Бичасда,
Канлъдал ракьалда дун вижарав гьесул
Дун кумек гьечIого хутIизе гьечIин.

Божула Аллагь дун, божула Аллагь,
БукIина цо ахир гьал гIазабазул.
Божула БетIергьан цого - цо къоялъ
Къварилъаби лъугIун лъикIаб къо щвела.

Божула Аллагь дун дур рахIмуялда.
Божула Аллагь дун дур рахIматалда.
Божула БетIергьан мун гурев цойги
Аллагь гьечIиналда, нилъ дур лагъзазе.
	
Дида тIаса лъугьа ва РахIматуллагь
Ракьалда гьарурал дир гъалатIазухъ.
Кумек гьабе дие ва Каримуллагь
БитIараб нух ккезе, гьелда вилълъине.






 Ваша оценка:

Связаться с программистом сайта.

Новые книги авторов СИ, вышедшие из печати:
Э.Бланк "Пленница чужого мира" О.Копылова "Невеста звездного принца" А.Позин "Меч Тамерлана.Крестьянский сын,дворянская дочь"

Как попасть в этoт список
Сайт - "Художники" .. || .. Доска об'явлений "Книги"