Сеймур Ханаев Шахбанович : другие произведения.

Хирияб росу...

"Самиздат": [Регистрация] [Найти] [Рейтинги] [Обсуждения] [Новинки] [Обзоры] [Помощь|Техвопросы]
Ссылки:


 Ваша оценка:

   Хирияб росу...


Хирияб инсул росу,
РекIей хIасратаб ВатIан,
Духъ хIасралъун гьабулеб,
Гьабе къабул дир салам .

ГIагараб Къабахчоли,
Къадруяб инсул тIалъи,
Дур ганчIил къватIахъ тана
Дица гIанчIаб лъимерлъи.

Вас дуй рикIкIалъун вугин
Дуца гIайиб гьабуге,
Амма дуй бакI кидаго,
Каранлъ кIудияб буго.

Къад жан унтула мунан,
Къас ракI ссудула мунан,
Мун кIоченчIо даимго
Дида, дир Къабахчоли. 

КIутIбузда хутIун буго
Дур иццазул лъел геми,
Мискинав чанги пакъир
Гьелда чед чун кванарав!

Дий керен цIун босизе
Бокьун буго дур гьава, 
Унтарав чан чиясул
Чорхое сахлъи кьураб.

Дур гIадал лъачIо дида
ТIагIам гьуинал пихъал.
Жеги мацIалда буго
Дур гIеч- генидул геми.

Дица кирго кваначIо
Дур гIадал гьанал хинкIал.
ЧIучIухаб махарадухъ
Даим урхъун вугеб куц!

Гьеб махара дур ясаз
Сажалда тIамулеб куц!
Гьелъул махI чIани гIела-
КваначIого гIорцIула!

Даим урхъун вуго дун
Дур къватIахъ чу бачине.
Хехаб айгъиралда тIад
ТIолго росу сверизе

Гьакидаги рекIун ун
Рохьоса цIул гьабизе.
Къаси кватIараб мехалъ
Рохьоса тIад вуссине.

Къойил ракI урхъун буго
Ахир щолареб хурилъ
Нурзаз цIураб рогьалилъ
Чол култиватор кквезе.

Роол багIараб бакъукь
Бакъман булахалде ун
Накаби чIван кIал чIвазе
Иццул цIорораб лъеда.

Цинги цо хъарбуз къотIун
Гьелъул ракI бахъун квине,
ГIорцIидал ЧIегIергIурухъ
ЧIалгIинегIан чвердезе.

Росу, дун урхъараб куц,
Камилал дур чагIазухъ,
Чиясе лъикIаб гуреб
Квешаб жо гьаруларел.

РекIей бокьун бугеб куц
Какги бан мажгиталда
ГодекIабахъ хералгун
Хабар бицун вукIине.

РикIкIада вугониги,
Вуго духъ даим урхъун.
Дир росу Къабахчоли,
Духъ буго рекIел чIалгIин. 

КIудияб шагьаралда
Ишаз регIуларев дун,
Духъ вуссуна кидаго,
КватIун, гIемер мех бахъун.

Лъабго гьаккибералъул
Велосипед бачунеб,
Белъулеб дир лъимерлъи,
ДандчIвала дида къватIахъ.

Лъимерав дун вихьула
Дида щибаб рахъалда,
Щибаб рахъалъа диде
Гьимула гьев гIасиго.

Цин вуго къватIахъ хIалев
Цин лъималгун вагъдолев,
Цинги мадугьаласул
Мах - мачIал рикъун унев.

Дун мактабалде щвейгун
Щибаб классалдаса 
Дир цIалдохъан лъимерлъи
Дихъ балагьун гьимула.

Лъугьула дун классалде,
Долго партаял, бакIал,
Добго доска, портретал,
Пушкин, Низами, Расул  ...

ГIодов чIун нилъакь квер лъун
Хивалаз восула дун.
Санал тун дир пикраби
Роржула дол къоязде.

НуцIа къирун жаниве
ВачIуна тIинав Сеймур,
ЧIола гьев дида аскIов,
Дир санцин гьабичIого.

Бахъун таптарул тIамач
ГьетI - гьетIарал хIарпаца
Гьес хъахIаб тIамачалда
Хъвала, квер соролаго.

Хал гьабун лъала дида
Гьес рокьи бергьаралъухъ
Балъгояб кагъат гьанже
Буго хъвалеб, тIоцебе.

КигIанаб гIажагIибаб
Лъугьа - бахъин ккараб дир
Дур коридоразда,
Дир хирияб школа.

Дир тIоцебесеб рокьи
Дир ахирисеб рокьи
Дир гIанчIлъи, гIолохъанлъи, - 
Тана гьаниб щибабго...

Гьанже духъе вуссингун,
Дур щибабго классалъ 
Кидаго рагьула дий
Дол мехазде каваби!

Сверула дун классазда - 
Соназ цебе бикIкIараб
Буго дир хъвай - хъвагIи
Партаязда жегиги.

Вихьула гьитIинав дун - 
ВачIуна дида данде,
Дихъ балагьун гьимула 
Гьев гIасиго, гIасиго.

Цин ццин бахъун гьимула
Цин ракI гурхIун гьимула
Гьимула, гьев гьимула,
Гьесул тIинкIула магIу.

Аппараглъи лъикIилан,
Росу тарав васасухъ
Эмен гIадин гьимула,
Гьев керен бухIулаго...

Дир бусен, дун гIураб ракь,
Дир хIатIал къвакIараб бакI,
Бугищ дие цоги бакI
Дун вуссине мун гуреб?!

Дун дудаса воржана
Кьурдаса цIум кинигин
РештIине хIажалъидал
ЦIудуй кьуру, дийги мун...



 Ваша оценка:

Связаться с программистом сайта.

Новые книги авторов СИ, вышедшие из печати:
Э.Бланк "Пленница чужого мира" О.Копылова "Невеста звездного принца" А.Позин "Меч Тамерлана.Крестьянский сын,дворянская дочь"

Как попасть в этoт список
Сайт - "Художники" .. || .. Доска об'явлений "Книги"